четверг, 6 декабря 2018 г.


1. Фольклор народов Дагестана. Аварские легенды и предания: сборник полевых материалов / Сост., автор предисловия Р.М. Магомедова. Серия I. Вып.3. – Махачкала, 2015.

2. Фольклор народов Дагестана. Несказочная проза: сборник полевых материалов / Сост., автор предисловия Р.М. Магомедова. Серия I. Вып.5. – Махачкала, 2016.

3. Фольклор народов Дагестана. Полевой материал экспедиции в Хунзахский район / Составитель Р.М. Магомедова. – Серия II. Вып.1. – Махачкала, 2017.

4. Фольклор народов Дагестана. Полевой материал экспедиции в Чародинский район / Составитель Р.М. Магомедова. – Серия II. Вып.2. – Махачкала, 2018.


Аннотация 
Дагъистаналъул халкъазул, гьездаго гьоркьоб маг1арулазулги, буго бечедаб халкъияб к1алзул гьунаралъул асаразул хазина. Нилъер халкъазул цебегосеб г1умруялда, гьезул г1амал-хасияталда, хьвада-ч1вадиялъул къаг1идабазда, г1адатазда хурхарал баянал данде рак1аризе жидеца байбихьарал этнографаз, хъвадарухъабаз г1ажаиблъи гьабулеб бук1ана халкъалъ рек1елъ ц1унун ругел х1икматал маргьабазда, рек1елъе рортулел куч1дузда, г1акъилал кицабазда, абиязда, асар ц1ик1к1арал тарихиял къисабазда, релъи бижизабулел махсарабазда. Гьедин, лъалеб жо буго жиндирго машгьураб «Х1ажи-Мурат» абураб асаралда т1ад х1алт1улаго Л.Н. Толстояс маг1арулазул халкъиял куч1дул, цогидал к1алзул гьунаралъул асарал гъваридго лъазарураблъи, г1урусазул к1удияв хъвадарухъанас гьезие к1удияб къимат кьун бук1ин.
Маг1арулазул руго дунял бижиялъул, инсан вижиялъул, инсанасулги г1алхул жанаваразулги гьоркьорлъабазул х1акъалъулъ биценал – г1алимзабаз гьединазда абула мифологияб прозайилан. Ц1акъго нексиял бербалагьиябазул хут1елал рихьизе бегьула «Ганч1иде руссарал эбелги лъимерги» абураб биценалъулъ. Хурие х1алт1изеян гьит1инаб лъимергун ва кинигун щварай г1аданалъул г1емераб заман ун буго г1одулеб лъимер буссинабизе к1оларого. Лъимерги буц1ц1инабун бакъухъ ялагьидал, гьелда бихьун буго къо раг1алде щолеб бук1ин. Заман лъач1ого ун батиялда ццин бахъарай г1аданалъ бакъалде тунилан эбелги лъимерги тамих1 гьабун ганч1иде сверизарунилан бугеб биценалъ бихьизабула цо кидаялиго инсанас Бакъ Аллагьлъун рик1к1унеб бук1иналъул ва гьелъие гьес лагълъи гьабулеб бук1иналъул.
«Инсан вижизавиялъул къисаялъ» бихьизабулеб буго ракьалда г1адан вижиялъул х1акъалъулъ мифологияб бицен цо Бет1ергьан вугилан рик1к1унел (монотезм) диназул ва гьединазул цояблъун жиб кколеб исламалъул бербалагьиялъул кьуч1алда г1уц1ун бук1ин. Гьелдего гагараблъун буго Г1андадерил ралъад бижиналъул х1акъалъулъ бицен: ралъад бижи лъугьунеб буго ислам дин босизе инкар гьабиялъе г1оло г1адамазе тамих1 гьабиялъул х1асиллъун.
Церегосел биценазда гьоркьоб ц1ик1к1араб бак1 ккола инсанасулги г1алхул жанаваразулги гьоркьорлъабазул бицунез. Доб заманалъул г1адамазул г1акълуялъе х1икматалда, жидер т1абиг1ат бич1ч1уларел къуватазда божи хасиятаб бук1индал, мифологияб прозаялъул асаразда нилъеда данд ч1вала будулаазда, къех1азда, бат1и-бат1иял «хъуял жалазда» божи. Жиндир гьан кванан лъуг1араб жанаварги будулааз «сих1руял» (т1асан балагьун гьел г1емер «зах1матал» гьеч1о) тадбиралгиздалъун ч1аголъизабулеб буго.
Маг1арулазул г1емер руго росабазде, гох1-щобалде, мег1ер-г1алахалде, лъар-г1оралде, кьураби-нохъазде, цогидал бак1азде ц1арал рижиялъул х1акъалъулъ, ай топонимиял биценал, къисаби. Гьединазул цо бут1аялъе хасиятаб буго, цо бугони, бак1азде ц1арал г1олилав васасдаги г1олилай ясалдаги гьоркьоб ккараб, амма т1убач1еб рокьиялда рухьинарун рук1ин. Г1олилазул талих1алда цебе бахине к1олареб сангарлъун лъугьунеб буго социалияб ращалъи гьеч1олъи: мискинав илхъичиясул васасухъ ккараб жиндирго рокьиялъе хилиплъиялдаса ханасул ясалъ т1аса бищулеб буго хвел («Эбел-яс»). «Бахьинлъар» абураб къисаялда г1олилазул бац1ц1адаб рокьуе балагьлъун лъугьунеб буго г1адамазда гьоркьоб бук1унеб жах1да, рак1хъублъи, мац1ихъанлъи.
Халкъалъул к1алзул гьунаразул асаразулъ ц1ик1к1араб бак1 ккола аваданал лъугьа-бахъиназул, махсара-хоч1 гъорлъ бугел, релъи бижизабулел биценаз – гьединал данд ч1вазе бегьула щибаб росулъ. Махсарадал биценазулъ нилъеда дандч1вала х1алуцараб ах1вал-х1алалде ккедал, бег1раб, сверухъ ругезул рак1 г1одоб биччазабулеб раг1и батизе бажари («Лъуг1араб мехалда дихъеги ц1ализе кье»), цо-цо росабазул г1адамазул ккарал релъи бижизабулел лъугьа-бахъинал («Гьоц1дерил гьобо», «Т1анусдерил гъалмагъир»), халатккун унтарав росасе загьруялъеян кьуралъ рак1алдаго гьеч1ого гьев сах гьавиялъул ва гьеб гуребги цогидабги. Амма гьединал биценазулъ бук1унаро лъиде бугониги г1айиб рехизе, щив вугониги г1одовег1анавлъун вихьизе бокьи – маг1арулаз кидаго релъигун бицунаан жидерго ккарал тохал ишазул ва гьелда кинабго къокълъулаан.
Цоги рахъалдасан, г1умру хисиялда рекъон, хисулел руго махсарадулал биценалги: «базаралъулаб» экономикаялъ мискинлъизарурав Чох1оца къасд гьабулеб буго жинда мац1го лъаларел бусурманал гуржиязе г1алимазухъего «ваг1за» гьабулевлъун х1анги маг1ишат балагьизе.
Маг1арулазул к1алзулаб гьунаралъул творчество хасго бечедаб буго тарихиял биценаздалъун, къисабаздалъун. Гьеб рахъалъ биценал рухьарал руго щибаб бак1алъул тарихалда, щибаб бак1алъул маг1ишатияб ва цогидаб хаслъиялда. Гьедин, ханзабазул тарихалда, наиб Х1ажимурадил х1аракатчилъиялда хурхун г1емерал биценал ратула нилъеда Хунзахъ, чабхъенал гьариялда хурхун – Унсоколо районалъул росабалъ ваг ь.ц.
Т1ехь г1уц1ун буго Дагъистаналъу пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталъул студентаз рак1арарал материалазул кьуч1алада. Гьебго заманалда кьолел руго халкъалда гьоркьор машгьураллъун лъугьарал, амма жакъа къанаг1аталлъун лъугьарал тарихиял биценал, халкъиял къисаби – гьелъ студентазе рес кьела гьезулгун лъай-хъвай

                                                                                    МАГОМЕДОВА 
Разият Мусашейховна

3 комментария: