воскресенье, 2 декабря 2018 г.

Кицаби ва абиял

      
Литература: З. Г1алиханов

«Авар кицаби ва абиял»
Кицаби ва абиял ккола халкъалъул к1алзул гьунаралъул  асаразул жанразул цояб х1исабалда.
Кици ккола халкъалъул халатаб г1умруялъул х1албихьиялъул кьуч1алда жиб бижараб, жинца  цо кинаб убгониги г1акълуги малъулеб пасих1аб, къокъаб, жиндир маг1наги т1убараб калам.
Авар халкъалъулги руго г1емерал кицаби. Гьел руго г1умруялъул киналго рахъазда, рук1а-рахъиналда, хьвада-ч1вадиялда ва цоги рахъаздаги хурхарал. Кицабаз г1адамазда г1акълу малъула, гьев лъик1аб рахъалде кант1изавула, г1адамасул сурукъал пишаби какула.
Кицабазулъ зах1мат бокьизе малъун бук1уна, к1вах1аллъи, къарумлъи, хъант1и г1адал инсанасул рекъеч1ел хасиятал какун рук1уна.
Г1емерал кицаби руго бечедал чаг1и какарал, гьезул хъант1и, ч1ух1и, г1амал к1одолъи какарал. Гьединго руго дибир-будун, гьезул г1амал какарал, гьезул рекъеч1ел пишаби какарал.
Мац1алъул рахъалъги кицаби халкъалъ ц1акъ т1алаб-агъаз гьабун къач1ан руго, г1емерисел кицабазулъ бук1уна рифма, гьединго аллитерация, дуруслъи, мух1канлъи, слогазул рахъалъ къадар бащад ккезе х1аракат бахъун бук1уна. Кинаб бак1алда, кинаб росулъ г1уц1араб бугониги кици литературияб мац1алде г1агараб бук1уна. Авар литературиял классиказул (Инхоса Г1алих1ажияв, Ц1. Х1амзат, Мах1мудил ва цогидал асараздаса бег1ерал раг1аби гъаппаялде халкъ кицабилъун лъугьун руго).

Зах1мат бокьиялда хурхарал кицаби
Вай берцинай, берцинай
Бецич1ого ссан тарай,
Вай ч1ух1арай, ч1ух1арай
Ч1арач1ого хур тарай.
Риидал бакъуца мугъ бух1ич1они,
Хасало хинк1ица чехь г1орц1уларо.

Х1алт1ул раг1ал т1ерен ккурав
Т1от1ол раг1ал бицат ккурав

Бакъ агиян къуларав
Къо агиян ворхарав.

Бац1икьа х1инкъарас г1и гьабуларо.

Бечедал чаг1и какарал
Инч1ого хаселги беццуге,
Хвеч1ого нуцалчиги вецуге.

Киве аниги х1амие – х1алт1и,
Х1амил бокьове аниги нуцалчиясе бертин.

Г1орц1арав вацасда вакъарав вац лъаларо.

Дибирасул чехь роцен гьеч1еб бук1уна.

Ма бокьарал, кье рихарал.

Абиял

Аби кициялдаса бат1алъулеб г1аламат ккола: гьениб кициялъул г1адаб т1убараб маг1на бук1унаро, грамматикияб рахъалъги гьеб кициг1адаб щвалде щвараб бук1унаро.
Авар мац1алда кицабигог1адин абиял церегоялдаса нахъе т1ирит1ун руго. Нилъер халкъалда гьоркьор машгьурал абиял ккола габидаял:
1. Салихица жергъен г1адин рекъезабе.
2. Г1ашилт1а манташ г1адин буго.
3. Г1ечуде аралъуса хважа г1адин  вуссана. (нух бит1ич1ого вач1арав)
4. Нухда бараб т1ех г1адин батила (очень кстати).
5. Х1ажи-Г1исал хъулухъал т1уразе (ненужные дела)
6. Цидулгун гени кунге.  (бергьунарел чаг1игун къацандуге).

Бицанк1аби
Бицанк1о ккола цо предметалъул сипат-сурат, хасият-г1амал цоги предметалде релъенабун, бат1ияб аллегорическияб къаг1идаялда г1уц1араб, жибго г1емерисеб суалияб формаялда бук1унеб къокъаб, пасих1аб калам.
Бицанк1о т1ами нилъер халкъалда ц1акъ т1ибит1араб буго цебегоялдаса нахъе.
Маг1наялде ва темаялде балагьун бицанк1аби бат1и-бат1иял рук1уна. Масала, инсанасул ва гьесул лугбузул бицарал, рет1ел-хьиталъул х1акъалъулъ, рукъалъул, къайи-къоноялъул, г1елмуялъул ва техникаялъул ва цогидалги.
Бицанк1аби киналгоцин аллегорическияб къаг1идаялда г1уц1арал руго. Мац1алъул пасих1лъи гьенибги ц1унун буго.

Инсанасул х1акъалъулъ бицанк1аби
Радал кванде ункъх1ат1илав,
Къаде кванде к1и х1ат1илав,
Къасе кванде лъаб х1ат1илав.
(Г1адан: детсвтво, зрелость, старчество).
Дунял-г1аламги сверун
Ссанда нахъа к1усулел жал.
(Берал)
Кидаго цадахъ хьвадулел,
Цоцада жал рихьуларел.
 (Берал)

Рет1ел-хьиталъул х1акъалъулъ
Бехе гьабуни ц1олеб,
Эхеде гьабуни ч1обоголъулеб.
(Т1агъур)

Къад ц1олел, къаси ч1ехьолел.
(Хьитал)

Рук1а-рахъиналъул
Ч1ег1ераб г1акдида гъоркь
Баг1араб бече.
(хьаг)

Сверданаг1ан кьаралъулеб
Кьурданаг1ан х1алакълъулеб.
(мерго)

Васасул рукъоб вас бегьулареь,
Васасул рокъоб эмен бегьулареб.
(Нусги ханжарги)
Вегун кьижун вакьад,
Кьвагьун холев дурц.
(Х1уби)

К1иго чиясда цо рачел.
(Нуц1а рахалеб жо)
Г1елмуялъул ва техникаялъул
Жибго гьаниб бук1ун
Бусен доба гьабулеб.
(Г1арададул гулла)

Дунял раг1алалдаса к1алъаниги
Хисич1ого раг1улеб.
(Телефон)

Букъ-букъараб - гурде гуреб
К1алъалеб – г1адан гуреб.
(Т1ехь)

Фольклор ва литература
Фольклоралъулги литератураялъулги ц1акъ т1ей гьеч1еб бухьен буго. Гьеб буго 2 бат1ияб форма:
Раг1ул устарлъиялъул
М. горькица абухъе, инсанасул раг1ул устарлъиялъул кьуч1 фольклор буго. Гьес абулеб буго заманаялъул рахъалъ  босани т1оцевесев поэт. Гьев  поэтас кьурал образдаса пайдаги босун г1уц1улила хъвадарухъабаз жидерго асаралги. Гьедин, гьес абулеб буго т1олго дунялалда ц1ар раг1арал Фаустил, Донжуанил, Прометейил образал – гьел ругила халкъалъ ургъарал ва хъвадарухъабаз пайда босарал.
Гьал Горькийица абурал раг1аби рит1ухъал руго авар литератураялъе.
Авар литератураялъеги бижана г1ажам хъвай-хъваг1ай т1ибит1араб заманалда. Гьеб бук1ана 17 век-е ахир, 18 – авал.
Гьеб заманаялде щвезег1ан эстетикияб рахъ нилъер халкъалъул цебе т1олеб бук1ана фольклорияб рахъалъ. Гьеб фольклоралъе нилъее кумек гьабуна г1ажам мац1алъ.
Аваразул литература цебе т1олеб 100 сон басмаялде т1ехь бахъи бук1инч1о.
Гьеб заманалда литературиял асарал халкъалда гьоркьор т1орит1изаризе х1алт1изарун руго фольклориял формаби: гьелде т1аде т1оцересел хъвадарухъабазул асаразде ралагьани нилъеда рихьула гьенир фольклориял элементал х1алт1изарун руго поэтаз халкъалда бич1ч1изе мурадалда фольклоралде г1агарун хъван буго.
Художествияб форма босани авар халкъалъул поэтаз х1алт1изаруна халкъ. мац1. нормаялда: 7, 11, 4 слог.
Нахъа гьеб форма бечед гьабуна. Заман анаг1ан литература цебе т1унаг1ан, хъвадарухъаби ругьунлъана фольклориял асарал къабул гьаризе.
Хъвадарухъаби ф-да гъорлъ бессараб г1умруялдехун бугеб рокьи, г1умр. бугеб рак1 гъей – гьеб кинабго, гьел героял къабул гьаризе лъугьана.
Фольклоралда жаниб хъвадарухъабазда батана зулму чаг1аз мискинчаг1азе гьабулеб зулму, мискиназул къеркьей.
Советияб периодалда, хасго граждан рагъудаса байбихьун авар фольклоралда ратана ц1иял пикраби загьир гьаризе къвариг1унел образал.
Мисал: Загьид Х1ажиявасул куч1дузулъ нилъеда ратула фолбклориял образал: ч1ег1ерал г1унгрулги, бац1алги.
Фольклоралдасан пайда босана нилъер хъвадарухъабаз ц1иял жанрал рихьизарулеб мехалъги.
Мисалалъе босизе ккани 1930 с. аваразул  театр бижун бач1ана фольклорияб кьач1алда:
Поэтаз, хъвадарухъабаз фольклориял асарал х1алт1изарула жидерго асаразулъ. Поэтасул махщелалъул хасияталде балагьун, заманалде балагьун, фольклориял асараздасан пайда босизе бат1и-бат1иял къаг1идаби рук1уна.
Мисал: Ц1. Х1амзатие ц1акъ бокьулаан фольклориял кици, абиял росун гьезул мекълъи, я бит1и бич1ч1изабула.
Авар кици рагъалъ вас гьавуларо рагъалъ ч1ван гурони – прямой смысл.
Вас чилъун лъугьиналде сверизабун буго Х1амзатица гьелъул маг1на (Васал гьарулелго гьелъ рук1ун руго).
Бидул тушманлъи – абураб кеч1 Х1амзатица байбихьун буго:
«Налъи коларо
Би бакъваларо» абураб кициялдалъун. Коч1олъ бихьизабун буго гьеб кици реакционнияб бук1ин.
Цо-цо поэтаз, хъвадарухъабаз фольклориял асарал жидерго асаразде гъорлъе рачуна ва гьел фольклориял асараздасан жидерго асаралъул идея рагьула.
Расул Х1амзатовас «Дун гьавураб сон» абураб поэмаялде гъорлъе бачун буго «Дингир-Дангар чу» абураб маргьуялдалъун загьир гьабун буго халкъ кинабго материалиябги духовниябги бечелъи бихьизабураб къуват бук1ин.
Цо-цо хъвадарухъабаз фольклориял сюжеталги росун гьеб сюжеталда т1ад хъвала ц1ияб асар.
1. «Камалил Башир»  - Г1абасил Мух1амад (трагедия)
2. Ц1. Х1амзатил маргьаби.
Фольклоралъулги литератураялъулги бухьеналъул т1адег1анаб даражалъун рик1к1ине бегьула фольклорияб сюжетги босун гьелъул жанисеб диалектикаги бич1ч1ун гьеб образ г1ат1ид гьаби.
(Р. Х1амзатовасул поэма «Гьидерил Хочбар»)

Вывод: Фольклоралъ литература цебе т1еялъе кумек жакъа къоялъги гьабулин  абураб пикру къабулаб гьеч1о. Цо-цо г1ализабаз рик1к1унеб буго жакъасеб литература фольклоралда ц1акъ бухьараб бугони литература цебе т1еялъе квал-квал гьабулин гьелъ. Амма гьаб утверждение бит1ун гьеч1о.





Авар халкъалъул кицаби, абиял ва бицанк1аби
1963 г.
Зайирбег Г1алиханов
Кицаби руго нилъер г1акълучаг1и. К1алдир рекъон кколел къокъал раг1абаздалъун гьез нилъеда бицуна халатаб заманалда нилъер умумуз жидер г1умруялда жанир гьарурал х1ал бихьиязул, гьезул анищазул, инсанасул г1акълу ц1одорлъиялъул, бечедал мискинал чаг1азул гьоркьоблъи.
Кицабаз нилъее ц1акъ х1алуцун бицуна феодалияб заманалда  дун – нуцал, гьав – оздек, дов – лагъан  инсанас цоги инсанасда живго т1адег1анавлъун рик1к1унев вук1араб куцалъул.
Кицабаз бицуна щибаб рокьоялда т1ад кьал ах1ун ц1унараб маг1арулазул къваридаб ракьалда яшав гьабиялъул шарт1азул.
Гьелъул т1абиг1аталъул, гьениб зах1мат ц1униялъул.
Кицабаз малъула бак1алда, ракьалда, рукъалъул х1алалда рекъон хьвадизе.
Кицабаз нилъеда цебе ч1езабула халкъалъул нек1о бук1араб социалияб рахъ. Гьез нек1о мискин халкъ жиндие зулму гьабулел рук1арал бечедазулгун къеркьеялде гьесизабулеб бук1ана.
«Росдал газа кьурда рек1унила» абураб кициялъ бит1ухъего гуч халкъалда кодоб бук1уна.
Кицабаз инсанасул лъик1ал, квешал хасиятал рат1агьаризе малъун буго. Гьез реццула зах1мат бокьулел, кьал х1ехьолел бах1арзал.
Гьез какула х1алт1уларев, т1аде къо ккедал ватуларев «Балъда нахъа х1алихьат, х1арччида нахъа багьадуор», «х1алт1ул раг1ал т1ерен ккурав, т1от1ол раг1ал биццат ккурав».
Халкъалда гьоркьор диналде данде ч1арал кицаби дагьал гьеч1о.
«Аллагьасги хъвала, хъвазе гьабуни».
«Аллагьасеги хур ракул ц1ураб бокьула».
Авар кицабазулъ г1емер ратула будун-дибирасдехун рокьукълъи загьир гьабулел кицаби ва хасал раг1аби.
«Ма бокьарал, кье рихаоал».
Будунзаби дибирзаби – дунялалъул сих1ирзаби.
Цо-цо кицабаз нилъее бицуна нилъер умумузул историяги: кин гьез яшав гьабураб, кинал зах1малъбазде данде ч1арал, кин гьел рагъарал, щиб кунеб, рет1унеб бук1араб.

Г1акълу кьолел г1емерал лъугьа-бахъиназда хурхарал:
«Лъик1ав чиясе ко раг1и,
Лъик1аб чое цо ц1ал».
«Бетун ях1 кварасул керен бух1аги».
Язык кицабазул
Мац1алъул берцинлъиялъул, пасих1лъиялъул рахъалъги кицаби ц1акъго т1ок1ал, ц1акъго гьайбатал руго. Гьеб бижинабун буго гьел г1иц1го халкъияб мац1алда г1урц1арал рук1иналъ, халкъалъ даимго къач1алел, жидер рек1ел асаразда, жидер анищазда, бищунго ц1акъ г1умруялъул, рук1а-рахъиналъул, х1ал бихьиязда т1ад г1уц1арал рук1иналъ халкъалъе гьел ц1акъ рокьула. Халкъалъ гьел ч1арала. Пасих1лъи рекъарал гурони хут1уларо, хола, т1аг1уна.
Кицаби цо авторас, цо раг1ул устрас г1одовги ч1ун гьарурал жал гуро.
Гьел руго г1умруялъул жиб-жиб лъугьа-бахъиналда, халкъалъул анищазда, гьезул мурадазда т1ад рижарал жал.

Г1уц1и (особенности)
1. Авар кицабазул г1емерисел к1иго бут1а бук1уна. Цо жоги цоги жоялда данде ккун  г1уц1арал руго. Цояб бут1аялъулъ бук1уна кициялъул аслияб пикру цоябги бук1уна калам берцинлъизелъун, г1енеккаразул рек1ел асар ц1ик1к1ине данде гьабураб.
«Бицанаг1ан раг1и,
бухъанаг1ан  ракь».
2. Цо-цо мехалъ 2 бут1а кициялда цоцаздаса къот1арал г1адал бащадго к1вар бугел рук1уна.
«Гьабигьанасул чед к1удияб
чанахъанасул гьан к1удияб».
3. Кицабазулъ рихьулел руго рифма, метафора, синтаксис, параллемум, аллитерация, гипербола ва гь. ц.
Калам къокълъи, берцинаб маг1наялъул рахъал ч1ван къот1и бук1иналъул мурадалда кицабазул сказуемоелъун г1емерисеб мехалъ прилагательноелъун, наречиелъун, причастиелъун ккезабун бук1уна:
«Гъадидаса т1инч1 лумияб»
«Гьари рекъараб, бикъи сурараб».
К. Маркс, Ленин, Пушкин, Толстой, Лермонтов, М. Горький г1адал классиказ кицабазул ц1ак1к1араб къимат кьун буго, гьездасан пайдаги босун буго.
Мах1мудил, Ц1. Х1амзатил куч1дузулъ ратула халкъиял кицаби.
1. Патриотизма абураб бут1а лъун руго ват1аналъул, ват1аналъе г1оло рух1 кьолезул, ват1ан бичулезул х1акъалъулъ ругел кицаби.
«Ват1ан гьеч1ев чи, чед гьеч1еб таргьа»
«Ват1ан ц1унун хварав чи,
хварав чи гуро»
«Бах1арчи кьалда хола,
х1алихьат боснов хола».
2. Зах1маталъул, х1алт1и бокьи ва х1акъалъул абураб бут1аби руго, к1ух1аллъи зах1маталъул, инсанас лъик1аб яшав гаьизе ккани, зах1мат гьеч1ого г1олареб жо бук1иналъул, зах1мат бокьулезул, бокьуларезул.
Къуларасе - раччи, баччарасе – магь.
Анищазул хур бекьун мискин бечелъуларо.
3. Рук1а-рахъиналъул:
«Анц1ул борце, цоц1цл къот1е»
«Ах ц1ехеч1ого ц1ибил кванай».
4. Г1адан ва гьесул хасият – г1адамал кинал рук1ине кколел.
Бах1арчияс бадибе абула.
Бергьун ч1оларев къун ч1ола.
5. Г1елму-г1акълу
Гьит1инго босараб лъай – т1огьолъ гьабураб гьоц1о.

Патриотизм
1.   Ват1ан хириясул хвел бук1унаро
2.  Ват1ан, ват1ан! – ан ах1арабила зазда х1анч1ица
3.  Къун вач1иналдаса хун вач1ин лъик1.
4.  Гьабухъе бук1унеб жо буго дуниял
5.   Гагу хунилан  хур бекьич1ого толаро
6.  Гьабурасе гьабураб батула,  гьабич1есе гьабич1еб батула.
7.   К1иго г1анк1ида хадув векерани цонигияб щоларо
8.  Огь, берцинай, берцинай, бецич1ого ссан тарай. Огь ч1х1арай, ч1ух1арай, ч1арач1ого хур тарай.
9.  Радал вахъарасул кьег1ер ц1уяб.
Рук1а-рахъиналъул
1.  Абурасе гуро йик1уней, ячарасейин
2.  Абич1ого тараб рашг1и хазина буго
3.  Абураб раг1и – реххараб ч1ор
4.  Багъарараб г1усалъе дару – бахъи
5.  Багьана батизе бигьаяб жо
6.  Ах ц1ехоге ц1ибил кванай
7.  Балагь бук1уна бачарабги бач1арабги
8.  Гуллида г1анк1 реч1ч1ун буго
9.  Гьерсил рач къокъаб жо
Г1адан, гьесул хасиятал
1.       Бах1арчияс бадибе абула, х1алихьат нахъасан к1алъала
2.       Баккудасаго бег1ераб бук1уна заз
3.       Жеги раса-ц1алк1у маг1ида
4.       Рет1ел ц1ияб лъик1, гьудул басрияв лъик1.
Бицанк1аби
Бицанк1аби руго кицабиго г1адин ц1акъ цебе заманалда халкъалъул к1алдир рижарал гьабсаг1атги рижулел ругел ф-л т1анч1и г1адал жал.
Халкъалъ гьел х1ажат ратана рак1гъеялъе, гьелдаго цадахъ жиндие бицанк1о кьолев щиб даражаялда хадув гъолев вугев гьесул пикру кин х1алт1улеб бугебан бихьизеги. Лъималазе ц1акъго рокьула бицанк1аби.
Умумуздасан хут1арал бицанк1абазул г1емерисел т1абиг1аталда, г1адамасул къаркъалаялда хурхурал руго, жидерго нек1сияб яшавалда.
Дагьал руго техникаялда хурхаралги.
Кициялдасан абиги, абиялдасан бицанк1оги лъугьине бегьула.
Бицанк1абаз хасго г1исинаб г1елалъул к1алзул гьунар цебе т1езабиялъе кумек гьабула. Гьезул пикру х1алт1изе т1амула, гьелъ гьезл пикру г1акълу цебе т1ол.
Авлахъалда рет1араб хъах1аб буртина
(г1азу)
Араб – т1ад буссунареб жо
(заман)
Баг1араб мокъида хъах1ал г1анк1аби (цаби)
Горде гуреб – букъараб,
г1адан гуреб – гаргадулеб (т1ехь)    
Гъалал къват1ир, яс жаниб (ц1оросаролъ)
Гьуинаб – квине бегьулареб (макьу)
Г1ин кьурун мац1 къват1ибе рехулеб жо (чирахъ0
1.     Мунин наиб, дунин наиб
2.     Хамиз къо киниб маг1ида
3.     Ват1ан, ват1ан – ан ах1ун буго ха1нч1ица
4.     Гъадидаса т1инч1 лумияб
5.     Гуллида Х1ажимурад лъаларо

8 комментариев:

  1. Разият Мусашейховна вела нам "Аварский фольклор" на 1 курсе. И вот , будучи студенткой курса , я вновь обращаюсь к Разият Мусашейховне и собственно к фольклору. Я извлекла огромнейшую пользу из данного материала для своей курсовой работы. Буду теперь почаще заходить на сайт. Спасибо большое за такую возможность.

    ОтветитьУдалить
  2. На парах Разият Мусашейховны я узнала очень много интересного и нового для себя об аварском фольклоре . Разият Мусашейховна не только прекрасный преподаватель , но и хорошей души человек ,отличный советчик .

    ОтветитьУдалить
  3. Один из лучших преподавателей нашего факультета))))

    ОтветитьУдалить
  4. Разият Мусашейховна , не только хороший преподаватель знающий свое дело , но и прекрасный человек , который во всем поддержит и поймет , что важно для студентов ))))На парах всегда интересно слушать ее , преподносит знания с лёгкостью восприятия ))

    ОтветитьУдалить
  5. Нам,первокурсникам,которые только внедряются в фольклор,очень полезна данная информация!Спасибо Разият Мусашейховне)

    ОтветитьУдалить
  6. Очень познавательный материал,как и все предыдущие материалы. У Разият Мусашейховны всегда все материалы доступны для понимания и легко запоминаются. Спасибо,Разият Мусашейховна! ❤

    ОтветитьУдалить
  7. Очень интересная статья

    ОтветитьУдалить