понедельник, 3 декабря 2018 г.

Халкъиял куч1дузулъ кидагосел эпитетал.


Халкъиял куч1дузулъ кидагосел эпитетал.

Фольклориял асаразда гьоркьоб к1удияб бак1 ккола куч1дузги. Маргьабиго г1адин, халкъиял куч1дулги рук1уна бат1и-бат1ияб тайпаялъул. Руго нилъер халкъалъул ц1акъго церегосел г1адатазда цадахъ х1алт1изарулел куч1дулги. Гьел ах1ула берталъ, цебе заманаялъ гьел ах1улаан оцбай гьабулелъул, ц1ияб соналде дандч1вай гьабулеб заманалдаги. Ц1акъго г1емерал руго инсанасул рек1ел асарал загьир гьарулел (лирикиял) куч1дул, руго цо кинаб бугониги лъугьа-бахъиналъул бицунел (эпосиял) куч1дулги.
Маг1арулазул эпосиял куч1дул г1емерисел тарихияб маг1наялъул руго. Гьел рижун руго т1олго нилъер халкъалъе к1вар бугел лъугьа-бахъинал ккун хадуб. Гьединаллъун кола къажаразул шагь Надир-шагьил боял щущахъ риххизариялъул яги Шамилил заманалъул рагъазул х1акъалъулъ куч1дул. Гьел куч1дузе хасаб художествияб шарт1ги кола сюжет бук1ин. Лирикиял куч1дузул аслияб куцалда сюжет бук1унаро.
Амма аваразул к1алзул гьунаралъул асаразда гьоркьор ратула лирикиябги эпосиябги рахъ жидеда гъорлъ жубарал хасал тайпаялъул куч1дул-балладаби. Балладаби рижун руго халкъалъ жиндирго хьвада-ч1вадиялъул, яшав-маг1ишаталъул тадбирал ч1езарулел низамал ургъулеб заманалда. Балладабаз нилъее жаваб кьола щиб маг1арулаз беццулеб бук1араб, кинал гьоркьорлъаби г1адамазда гьоркьор гьез къабул гьарулел рук1арал, кинаб бербалагьи т1олго жамаг1аталъул инсанасдехун бук1ине гьезие бокьун бук1араб ва щиб гьез какулеб, рик1к1ад гьабизе х1аракат бахъулеб бук1араб г1адал суалазе.
Маг1наялъул гъварилъиялда рекъон гьел руго художествияб рахъалъ дурусалги.
Т1адег1анаб художествияб даражаялъе к1вар бугеб шарт1лъун ккола балладаялъул сюжет г1уц1араб куц. Балладаялъул сюжет халатаб бук1унаро, аслияб куцалда гьениб рехсон бук1уна цо лъугьа-бахъин, жиндир х1асилалда чара гьеч1ого г1асияб (трагическияб) иш кколеб. Гьедин буго нужеда цебехун лъалеб «Кьурулъ хут1арав Г1али» абулеб коч1олъги: вацаз Г1али гуккун кьурулъе виччала ва гьелъул х1асилалда Г1али гъоркье вортун холда. Ахиралда кьун бук1ана гьеб ишалъе къимат:
Гьеб г1оларелъубе гьабги босеян,
Рокьол ц1ураб таргьа цебе рехана.
Гьелъ г1орц1уларел нуж гьалъни г1орц1еян,
Бидул  ц1ураб парччи цебе ч1ехьана.
«Муг1рузул Г1али» абураб балладаялъул аслияб пикру цох1о мухъалдалъун бич1ч1изабулеб буго:
Мац1ал гьаруразул мац1ал рахъаги.
Нужеда лъала коч1олъ рехсолеб ишги г1ахьаллъи гьабуразул сипатги берцин бихьизабизе х1алт1изарула эпитетал. Амма балладабазулъ аслияб куцалда дандч1вала кидагосел эпитетал, ай эпитетазул бищунго г1адатаб форма.
Лъалеб жо буго, кидагосеб эпитеталъ инсанасул яги предметалъул гьел цогидаздаса рат1а гьарулел рахъал рагьуларо. Гьелъул г1аксалда рихьизарула киназего г1аммал хасиятал. Гьединлъидал кидагосел эпитетал цо асаралдаса цоги асаралде гочуна.
Асаралджа жаниб кинаб эпитет х1алт1изабилебали бараб бук1уна гьеб асаралъул маг1наялда.
«Муг1рузул Г1али» абураб балладаялдаги ратула г1емерал кидагосел эпитетал: «ц1ах1ил буртина», «рорхатал муг1рул», «ячурай лъади», «ч1ег1ерал берал», «гьулияб маргъал», «лебалаб ханжар».
«Ханжар», «мег1ер», «лъади», «буртина» абурал раг1абазе бокьарал берцинал эпитетал ралагьизе бегьула: «г1азулаб мег1ер», «г1урччинаб мег1ер», «к1удияб ханжар», «йокьулей лъади», «гъалараб буртина» ва гь.ц. Амма г1емерал бат1и-бат1иял эпитетаз асаралъул т1абиг1ияб, гьелъие мустах1икъаб каламалъул форма (стиль) биххизабилаан, г1енеккаразул пикруги г1иси-бикъинал к1вар гьеч1ел рахъазде буссинабилаан. Кидагосел эпитетазин абуни асаралъул г1аммаб сурат кьола, гьелъул кумекалдалъун бицуна аслияб лъугьа-бахъиналъул.
Литература:
1.
2.

3.

4 комментария: