понедельник, 3 декабря 2018 г.

Фольклоралъул бахчараб балъголъи.

Фольклоралъул бахчараб балъголъи.

Мифал.

Киналго халкъазул мифалги данде рачун халгьабураб мехалда, гьезие киназего г1аммаб жоги г1емераб бугоан.
Ц1акъго нек1сиял рук1ине ккола маг1наялъул рахъалъ дагьал мукъсанал жанаваразул х1акъалъулъ мифал. Руго мифал инсанасда жанаварал лъугьиналъул ва г1адамал цо кидаялиго жанаварал рук1анилан абулелги. Гьединал мифазул ц1ик1к1арасеб къадар буго Австралиялъул халкъазул. Ц1акъго неук1сиял мифал руго бакъ, моц1, ц1ваби рижиялъул х1акъалъулъ ругелги. Мифологиялъулаб система цебет1урул халкъазул мифазулъ аслияб бак1 ккола дунял, зоб-ракь, инсан вижиялъул х1акъалъулъ мифаз.
Ц1акъго к1вар бугеб бак1 ккола ц1а щвезабиялъул, бат1и-бат1иял махщелазул, ракь х1алт1изабиялъул, ригьин гьабиялъул, г1адатал т1ирит1изариялъул ва социалиял г1орхъаби ч1ваялъул х1акъалъулъ мифаз. Руго гьединго календариял мифалги.
Цо дагьаб кват1ун, классазулаб общество баккараб мехалъ мифал сверулел руго г1ат1идал биценазде, харбазде, гьезул лъугьунеб буго цоязда цоял рухьараб т1убураб цикл.
Нилъер Дагъистаналъул халкъазул мифологиялъул бат1аго ц1ех-рех гьабуларо, гьеб бачуна кавказалъулгун Ибериялъул халкъазул мифологиялде гьоркьобе.
Дагъистаналъул халкъазул жидерго мифал рук1ин нилъее загьирлъула куч1дузулъ, кьурдабазулъ, биценазулъ, фразеологизмабазулъ ва х1атта цо-цо г1адатазулъцин ц1унун хут1ун ругел, мифологиял лъалк1аздасан.
Дагъистаналъул мифологиялда т1ад х1алт1и гьабулеб ва гьелъул х1акъалъулъ материал бак1арулеб буго А.М.Аджиевас, АА.Г1абдурах1мановас, М.Р.Халидовалъ, В.С.Кирюхиница, Х.М.Халиловас ва гьел гурел цогидазги.
Гьел г1алимзабаз абула нилъер халкъазул мифал рук1анила, амма гьел ц1унун хут1ун гьеч1илан. Гьайгьай, дагъистаниязул мифал рук1араблъи х1акъаб жо буго. Рук1инч1елани нилъер фольклоралда мифологиял лъалк1ал кинха хут1арал?
Амма нилъер мифазул г1иц1го лъалк1ал гурони хут1ун гьеч1ин, хьуги къот1ун мифал т1уранго т1аг1ун ругилан нилъ ч1ани, мекъи рук1инилан ккола. Гьел ц1унун хут1ун ратизе бегьула муг1рузул рик1к1адал районазда ва гьезул росабалъ. Гьедин батанадида к1иго мифги жидер хъвай-хъваг1ай гьеч1ел г1андадерил Рик1к1вани росулъ.
Яцал-ханзаби:
Ц1акъго цебе Г1анди мухъалда, росаби рижилелдего, ханлъи гьабулеб бук1ун буго г1олохъанай, берцинай 12 ясалъ. Цояца абулеб буго гьел х1урулг1инзаби рук1анилан, цогидаз – руччаби-аллагьал рук1анилан. Гьединги додинги бич1ч1изабулеб буго бищун Т1адег1анас т1абиг1аталда ханлъи гьабизе ихтиярги кьун рит1арал яцал рук1анилан. Гьезул рук1ана жиде-жидеца т1урузаризе кколел ишал. Масала, цояз г1азу базабулаанила, цогидаз гьурал рахъинарулаанила, лъабабилелъ нак1к1 бижизабулаанила, ункъабилелъ ц1ад базабулаанила. Г1иц1го гьезихъе кьун бук1ун гьеч1о инсанасда т1ад ханлъи гьабизе ихтияр. Инсан вихьараб мехалъ гьесдаса рик1к1ад ч1езе кколел ва гьесдаса т1абиг1ат ц1унизе кколеб бук1ун буго гьез. Бищунго Т1адег1анасул амруги т1убазабич1ого рохьоре рач1унел рук1арал чахъабигун, т1убанго т1абиг1атги рехун тун, зина-хат1а гьабизе байбихьун буго гьез.
Т1абиг1ат хисун буго, рии хаселалде сверун буго, жанаваразул г1адлу хун буго, гьез рагьун, лъикьаго нечеч1ого гьоркьоблъи гьабизе байбихьун буго.
Т1адег1анас гьезде амру бач1ун буго, цеве ккара-ккарасулгун зина-хат1алда рук1инч1ого, жидеего цо-цо росги вищун, рукъ-бак1ги гьабун парахалъеян. Т1оцебе дагьаб заманаялъ гьедин гьабунги буго, хадуб росал маг1ишаталдаги тун, гьел жидерго хъубаб г1амалалде т1адруссун руго. Аллагьас киг1ан гьараниги, ясаз жидерго хъубаб г1амал тезе инкар гьабун гьеч1о. Гьез пайда босулеб бук1ун буго россазе жал гурел, жидее гьел мук1урлъизе кколел рук1иналдасаги.
Ахирги-къадги, зина-хат1аялде т1олабго дунял свериялда х1инкъарав Аллагьас х1укму гьабун буго яцазе тамих1 гьабизе. Цо сордоялъ марк1ач1ул бер рук1к1араб заманалда иргадулаб заманалде къват1ире ине  данделъарал яцазухъ Аллагьасул амруялда рекъон бакъ рещт1уна ва гьелъ рух1изарун ганч1идеги сверизарун яцал борхатаб мег1ерелъул бадир рек1инарула.
Бицен буго, гьелдаса нахъе г1алхул жанаваразги¸ рукъалъул х1айваназги т1атун, нич т1аг1ун гьоркьоблъи гьабизе байбихьанилан. Ва Аллагьас руччабаздасаги бахъун жидеего лъудби рищизе ихтияр бихьиназухъе кьунила, руччабазухъе росабазе мук1урлъизе ккелилан амруги бач1анила. Цо-цо россабазе  хилиплъулел руччабазеги жеги росасе инч1ел г1олохъанал ясазеги зина-хат1а гьаби 12 яцалдасан щвараб хъублъи бугила.
Литература:
1.Халидова М.Р. Малые дидактические жанры аварского фольклора. – Махачкала: Даг. ФАН СССР, 1974.
2.Халидова М.Р. Мифологический и исторический эпос народов Дагестана. – Махачкала, 1992.
3.Халидова М.Р. Устное народное творчество аварцев. – Махачкала, 2004


Бахарганги Модуги.
Йик1ун йиго цо ц1акъго борхатаб черхалъул къуватай г1адан. Гьединай йигониги, берцинай, рет1араб рекъарай, рокьул дангъва бугей г1аданги йик1ун йиго гьей. Гьелъги бук1ун бвтила, гьей йихьарав г1олиласул гьелде циндаго рокьиги кколеб бук1араб. Амма гьей росасе ине ккани  вук1ине кколаанила гьелдасаги ворхатав ва къуватав бихьинчи.
Г1олилалъе ц1акъ бокьулаанила г1алхуда тира-сверизе, радал хеккого яхъун т1угьдузда бараб щубалъулъ чвердезе, рохьой ун х1анч1алгун, жанаваралгун к1алъа-ралъазе.
Гьелъул берцинлъиялъеги, гьайбатлъиялъеги щибаб ригьалъ  (радал-бакъанида бакъалъ ва моц1алъ, къаси ц1вабзаз) ракьалдаги рещт1ун сужда гьабулеб бук1ун буго. Гьедин г1умру т1амулей гьей къойидаса къойиде берцинлъун гурони, херлъулейго йик1ун гьеч1о.
Цо къоялъ радал хеккого яхъун щубалъулъ чвердолей гьей йихьун йиго жиндие киданиги хвел гьеч1ев Ц1об абулев х1алк1олесда. Гьесул циндаго гьелъухъ рокьи ккун буго. Гьединал г1адамазе, т1абиг1аталда яги т1абиг1аталъул цо г1аламаталда ханлъи гьабулезе ихтияр бук1ун гьеч1о жал ракьалда рижарал г1адамазулгун бухьен гьабизе. Гьелъ чара хварав ва рокьуца вух1улев гьев радал хеккого щубалъ чвердезе яс къват1ие яхъараб мехалъ бух1араб маг1уги т1ун г1одулев вук1ун вуго. Ясалда жий чвердолеб бак1алда щуб кидаго хинаб батулеб бук1ун буго. Гьелда бич1ч1ун буго жиндихъ рокьи ккарав чиясул, г1олиласул маг1уялъулъ жий чвердолей йик1ин. Балъгояв чиясухъ рокьи ккарай гьелъ гьанже харилъ егун къоялго ралел рук1ун руго.
Ахир-къадги, ях1 гьабизе к1веч1ев ва ракьалдеги рещт1ун рокь гьабизе рес  гьеч1ев гьас харилъ егун йигей ясалде лъимер лъугьунеб ц1ад базабун буго. Яс къинай лъугьуна, кват1ич1ого гьелъ цадахъ к1иго вас гьавула. Т1оцеве гьавурав вук1ун вуго ц1акъго ворхатав ва къуватав, гьесда ц1арги Бахарган бук1ун буго. К1иабилесул бук1ун буго Моду абураб ц1ар. Гьевги вук1ун вуго, Бахарганиде щвеч1ониги, кутакав г1олохъанчи.
Харилъ кьаг1и г1адин расандулаго, сундулго ургъелги гьеч1ого, жидерго эбел г1адин щубалъулъ чвердон, бакъалда хинлъунЦ1обасул т1алабалда гъоркь г1умру гьабулел рук1уна гьел. Гьезул г1умруялда рак1 хъублъун, гьездехун жах1да ва рокьукълъи бижула кьерилазул.
Жиндирго хъизан-лъималазде балагьун х1алхьоларого вугев Ц1обасдехун рак1хъублъи бижула гьевго г1адал цогидал х1алк1олезул. Кьерилалгун цадахъ лъугьун гьез Бахарганги Модуги т1аг1инаризе х1укму гьабула. Х1алк1олезе г1адатиял г1адамазда гьоркьоса цониги ват1а гьавун вокьизе яги рихине, хъизан-лъимал гьезда гьоркьор рук1ине бегьулароанила, Ц1обасеги гьукъула гьез гьелгун дандч1вазе, ахирги т1убанго гьел рихьизеги.
Ц1обасул т1алабалдаса мах1рум гьарурал лъималмискинлъуларо, гьел язихълъиялде ккеч1ого рук1иналъе эбелалъ киг1анги х1аракат бахъула. Гьеб киналъего гьелъие къуват кьун бук1ана Ц1обас.
Гьебги бокьич1ел кьерилаз гьанжесалаги г1арз бахъула Ц1обасул пишацадахъазде гьесул васаз щубалдаса хер мах1рум гьабулеб, гьекъонги чвердонги гьеб т1аг1инабулеб бугилан. Гьеб кинабго гьереси бук1ин лъалеб бугониги, Ц1обасул гьалмагъзабаз, ракьалда лъимал г1езарурулъухъ гьесие ва гьесул лъималазе тамих1 х1исабалда, васал сверизарула харилъги, т1огьолъги т1ерхьарал рорхатал муг1рузде. Росу ва росдал г1адамал гьури-квачалдаса ц1унизелъун Бахарган лъола Буц1ра мег1ерелда т1ад росдада т1адехун, Моду – росдал гъоркьияб мухъалдехун.
Гьеб кинабго лъан ва бихьун хадуса Ц1обас, г1адамал Бахарган мег1ералъул берцинлъиялдаса мах1рум гьаризелъун, бакъалъ бух1изабунги, ц1адалъ чуризабунги, пири реч1ч1изабунги  ракьги т1аг1изабун, хъач1аб, жого бижулареб ракьалдеги сверизабун, гъорлъан ч1ах1и-ч1ах1иял ганч1алги раккизарун, т1убанго пайда босизе к1веялдаса инабула мег1ер. Моду мег1ер, васазул эбелалъул гьариялда рекъон, берцинлъиялдаса мах1рум гьабуларо ва гьеб мег1ер бакьулъ лъола эбелалъул рак1. Эбелалъул к1иябго бер букъула, цояб Бахарган мег1ералъул, цогидаб Моду мег1ералъул ракьанда. Жакъа къоялъги ч1еч1ого г1одулел руго эбелалъул берал: цояб бадисан бач1уна Бахарганго г1адаб хъач1аб ва квешго ц1орораб лъим, цогиялъусан – Модуго г1адаб недегьаб ва т1аг1амаб лъим. Гьеб к1иябго лъим даруялъе х1алт1изабула г1адамаз.




Азанил кьуру
Ц1акъго цебе заманалда росулъ вук1ун вуго Азан абулев бечедав чи. Муг1рузде ун чан гьабун, рокъове вач1ун ихтилат-кепалда вук1ун гурони, т1ок1аб гьабулеб х1алт1иго бук1ун гьеч1о гьесул. Г1иц1го гьесул рук1ун руго лъимал. Садакъа кьоларев, вакъарасе кумек гьабуларев вук1иналъ, живго Аллагьас кьолел гьеч1о гьесие лъималилан бицунеб бук1ун буго росулъ. Гьебги рак1алде щун ургъулев вук1аго, нуц1ил к1алт1а эхетун вуго цо бихъ-бихъараб рет1ел-хьит рет1арав гьардухъан. Кьеладай – кьелародай гьасие жойилан пикрабазда вук1ун вуго гьав. Гьеб мехалъ яч1ун гьесул ч1ужуялъ гьардухъанасул къвач1инибе ханжу бала. Т1асияб къоялъги вач1уна гьединго гьардухъан, гьеб къоялъги кьола ч1ужуялъ гьесие жо. Лъабабизеги гьев вач1индал, Азаница, гьаб гурони жо щолеб рукъ гьеч1ищилан, рогьоги бан нахъе къот1улев вук1уна. Щибниги к1алъай гьабич1ого  яч1ун ч1ужуялъ гьардухъанасе гьанжесалаги ханжу бала. Садакъа босулаго гьесги лъимерги щун йохагийилан гьелда т1ад квер бахъула.
Кват1ич1ого гьалъ яс гьаюла, яс к1удияйги г1ун, къого сониде яхун росасе ине заман щола. Цо сордоялъ довго гьардухъан вач1уна Азанихъе цадахъ вачун цо бакъ г1адав берцинав г1олохъанчигун. Гьардухъанас яс жиндир гьав васасе кьейилан гьарула. Азаница яс гьардухъанасул васасе кьеларилан х1акъирги гьарун гьел къват1ире гъола.

Лъабго нухалъ вач1уна гьардухъан васасе яс гьаризе, лъабабизеги гьес гьединго къват1ире къот1идал, гьардухъанас дуг1а гьабула, васас хадубго аминилан абула. Гьеб параялъ Азан хъач1аб ганч1иде сверула ва радал г1адамазе г1одор ч1езе санаг1алъабиги гьарун, киназдаго бихьулеб бак1алда росу раг1алда лъола гьеб.

4 комментария:

  1. Один из самых любимых моих предметов - это родной фолькор, а любимым он стал из-за огромного вклада Разият Мусашейховны . Это преподаватель с большой буквы. На парах очень интересно и познавательно, узнаешь много нового . Разият Мусашейховна умеет прекрасно преподносить материалы своего предмета

    ОтветитьУдалить